4. Кинал разрядазул цIарубакIал падежазде сверу-
лел?
5. ЦІapубакIал падежазде свериялъулъ дандчІвалел
хаслъаби ракIалде щвезаре. Цо-кIиго мисал баче.
6. Падежазде сверулaгo, цIарубакIазул лъугьунеб
цIияб аслуялье баян кье.
7. Жив, жий, жиб, жал, ниж, нилъ, нуж абурал
цІарубакIал батIи-батIиял падежазда абулеб ва хъва-
леб куцалъул батIалъи бице. Гьезул битIунхъвай
ракIалде щвезабе.
8. Кинал цIарубакIал дефисгун хъвалелали бице.
Цо-кIиго мисал баче.